Ссылки для упрощенного доступа

Сердюковасдехун, гьаб сагIат, суалал гьечIо


Я цIех-рехалъул, я диванаханаялъул гьаб сагIат киналгIаги суалал гьечIо хIалтIудаса рехарав улка цIуниялъул министр Анатолий Сердюковасдехун. Гьедин лъазабуна Россиялъул президент Владимир Путиница ва абуна гьев цоги хIалтIуде лъугьиналъе квал-квалал гьаризе кколарин ва гьаб 37-билеб сон гурин. Сердюков араб анкьалда хъулухъалдаса рехиялъе гIиллалъун ккана «Оборонсервис» абулеб компаниялда цIогь гьабиялда бан такъсир гьабиялъул ишал рагьи.
XS
SM
MD
LG