Хамиз къоялъул сардилъ Туркиялъул гIурхъи бахун гьениве Шамалдаса лъутун вачIун вуго 8000 чи. Аслияб къагIидаялда гьел ккола тахщагьар Димищкъиялда гIумру гьабулел гIадамал. Гьезда гъорлъ 26 генералги вугин, лъазабулеб буго Туркиялъул тIадтараз. Гьел киналго ритIун руго Хатай ва Килис абулел вилаятазда ругел тIурун чIаразул мархьабазде.
ХIинкъи гьечIолъи цIуни щулагьаби мурадалда Туркиялъул тIадтараз НАТОялъул командованиялъулгун кIалъа-басаял байбихьана Шамалъулгун бугеб гIурхъи ккун гIебеде ракетиялгун-зенитиял гIарадаби тIад чIезабиялъул суалгун гьоркьоб.