Информалатаз лъазабухъе, рогьалил какде мажгиталде унаго чIван вукIана рехсарав имам, гьесул вац – 50 сон барав Сафигула ва 82 сон барав гьезул эмен Ибрагьим. Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ лъазабуна такъсиралда хурхун уголовияб хIалтIи гьабун бугин. Имам чIваялъе аслияб гIиллалъун гьез рикIкIунеб буго чIварасул хъулухъ.
Гьединаб пикруялде цIех-рехалъулал рачIун руго Калимулагьица имамлъи гьабулеб, аэропорталда аскIоб бугеб мажгиталда аслияб къагIидаялъ салафиязул рахъ кколел гIадамаз как балеб букIин ва гьезда гъорлъ радикалиял гIолилал дандчIвалел рукIиналъ абун хъвалеб буго «Кавказская политика» сайталда.
ГIагарлъиялъ лъазабулеб буго иргадулаб рагьичIеб такъсир букIине бугин гьеб. Эркенлъи Радиоялъе баян кьолаго жидерго гьаракь диктофоналда хъвазе бокьичIо гьезие. Гьезул баяназда рекъон, чIварав Калимуллагьие цереккун хIинкъаби кьолел рукIана телефоналъ.
Гьединго божун гьечIо такъсир рагьиялда 2011 соналъул октябралда чIварав шайих Сиражудин Исрафиловасул вац Нурудин Исрафилов. Гьес бицунеб буго жив божулев гьечIин гьеб такъсирги рагьиялда, щайгурелъул цереккун рукIарал гьединал, гьездасаги кIудиял такъсирал жеги рагьун гьечIин.
«Дир вац чIваялда хурхун гьабураб уголовияб хIалтIиялъул кинабгIаги цебетIей бихьулеб гьечIо. Кинан бугеб хIалтIиги нижеда лъалеб гьечIо, цIех-рехалъул идарабазул хIалтIухъабазда цIехарабго гьез нижехъ гIин тIамулеб гьечIо. Кин божилел гьеб такъсир рагьиялъухъ, муфтий СайидмухIамад Абубакаров чIваялъул такъсир жеги добго хIалалъ бугеб мехалъ» - илан абулеб буго Нурудин Исрафиловас.
Шималияб Кавказалъул исламияб централъул эксперт Гереев Русланица рикIкIунеб буго рагьараб къагIидаялъ гьединал чIахIиял такъсиразул цIех-рех гьабизе квал-квал гьабулеб бугин тIадегIанаб даражаялда. Гьелъие далиллъун гьес бачунеб буго шайих СагIид-Афанди чIваялъул такъсиралъул цIех-рех гьабулев следователасда такъсирчагIаз гьужум гьаби.
Эркенлъи Радиоялъ цебеккун лъазабухъе, 14 октябралда къаси сагIат 11 тIубараб гIужалъ жиндир рукъалда аскIове Дагъистаналъул цIех-рехалъул комитеталъул цо бутIаялъул нухмалъулев Ашурбеков Нурлан щварабго гьесул машинаялде кьвагьдана Лада Приора машинаялдаса щалали чIезаризе кIвечIел чагIи.
Руслан Гереевас бицана Дагъистаналда ахIвал-хIал хIалуцинабизе бокьарал хасал къуватал ругин диниял церехъаби чIваялъе гIайибиял.
Гереев Русланица: «Ахираб заманалда диниял церехъаби чIваялъ бицунеб буго регионалда ахIвал-хIал хIабургъинабулеб бугилан. Хасго Югалъулаб Дагъистаналда. Гьанир гIадамал ругьунлъун руго диниял церехъаби чIваялда. ГьабсагIаталда Жаниубияб Дагъистаналде ракIарулел руго рагъулал къуватал.
Нилъеда гьабсагIаталда кIоларо рагьун лъида бугониги гIайиб чIвазе, гьелъие гIурал далилал гьечIо. Амма цереккун гьарурал гьединалго такъсиразда релълъараб хатI буго ахирисел чIвай-хъвеязулги. Гьелъ абулеб буго дол такъсиралги, гьал такъсиралги гьарулел къуватал цого ругилан.
Такъсиразул цонигияб рагьун гьечIо, диваналде щваралъул бицинего бицинароан. ГIайиб рехулеб буго хасал операциялда чIварал чагIазда тIаде, гьедин бигьаго бугелъул, такъсир чIезабизеги кколаро.
ГьанжелъагIан суфиязул диниял церехъаби чIвалел рукIун ратани, гьанже чIвалел руго салафиязул церехъаби. Гьелъги бицунеб буго гьеб къуват цого цо букIин. ЖамгIияталъ кIвар кьезе ккола лъие гьеб чIвай-хъвеялдаса пайда бугеб абураб суалалде».
Хасавюрт мухъалъул ЦIиябчуртахъ росулъа Маликов Шамилица рикIкIунеб буго диниял церехъаби чIвалел ругин федералиял къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз.
Маликов Шамил: «Дагьав цеве Учкенталда чIвана салафияв, 60 сон барав, жундуздаса гIадамал сах гьарулев чи. Гъов лъица чIварав, лъие гьев къваригIун вукIарав? Досул букIинчIо жиндиего щибалиго тIалаб гьабулеб гIамал хасиятги, ялъуни цеве вахъун кIалъан, щалалиго дагIба-къецалдаги гъорлъги гьев вукIинчIо, жиндиего чIарав чи вукIана.
Суннияб къагIидаялда гIадамал сах гьарулев чи вукIана. Номерал гьечIеб машинаялда рукIарал чагIаз рачIун автоматал речIчIун чIвана гьев. Дида ккола вагьабияв вугилан абулев, рохьове инчIого хутIарав щинав чи чIвалел хасал федералиял рагъулал къуватал ругилан. Гурони дида лъаларо 60 сон барав херав чIваялъе гIилла, гьев вагьабияв вукIин гурони.
Гьединал ишал цIакъ гIемер кколел руго. Щай гьел чIвалел? Щайгурелъул пачалихъ хIинкъун буго гьезул пропагандаялдаса. Гьезул гьечIо тавхIидалъул пропагандаялда данде чIезе кIолеб жидерго идеология. Гьединлъидал, бусурбаби данде гьарулеб бокьараб идеологиялъул цевехъан чIвалев вуго».
Дагъистаналъул политикаялъул ва экономикаялъул институталъул хIалтIухъан ГIалиев СайидмухIамадил пикруялда рекъон, пачалихъиял идарабазда жеги тIубан бичIчIун гьечIо дагъистаниязул гIолилазе исламиял церехъабазул бугеб кIвар. Гьеб бичIчIичIебгIан заманаялъ хIалуцин тIадеги цIикIкIине буго.