Дагъистаналъе гьелдалъун щибниги хисизе жо гьечIин, щайгурелъул гIемермиллатазулаб регион хIисабалда гьеб цо хасаб миллияб республикаялда гъорлъе унарилан рикIкIунеб буго цогидаз.
Гьединаб лъазаби Прохоровас гьабуна октябралъул ахиралда Москваялда «Гражданская Платформа» абураб партиялъул данделъиялда цевевахъунаго. Гьесул рагIабазда рекъон миллиял республикабазде бикьун букIин хайираб рагIуларо улкаялъул экономикаялъе, щайгурелъул регионазда цебетIун бугеб ришватчилъиялъ къварид гьарулел руго гьенир гIумру гьабун ругел батIи- батIиял миллаталъул гIадамал.
Прохоровас гьабураб лъазабиялдаса рази гьечIолъи загьир гьабуна цо -цо регионалда ругел бутIруз ва гьезул вакилзабаз. Мисалалъе жидее гьеб хабар рекIее гIечIеблъи лъазабуна башкиразул ва татаразул нухмалъулез, гьединго Чачаналдаса ва Дагъистаналдаса вакилзабазги загьир гьабун буго гьелдаго релъараб пикру.
Прохоровасго гIадин Россиялъе миллиял республикаби хIажат гьечIилан ахIи-хIургун дагьав цевегIан цеве вахъун вукIанин Пачалихъияб Думаялда «Либерал Демократазул» партиялъул нухмалъулев Владимир Жириновскийгиян хъвалеб буго гьебго баяналда.
Миллиял республикаби лъугIизариялъул масъала Пачалихъалъ цебе лъуниги Дагъистаналда гьеб хъитIуларин абуна «Эркенлъи» радиоялъе Миллияб политикаялъул ва къватIисел бухьеназул рахъалъ министр Ильясов Зикрулаца.
Чанго гIасрабаз тIатIалаго цIунун бугеб миллияб бечелъиги, мацIги, культураги гьедин цо чияс гьабураб кIалъаялдалъун лъугIулеб жо букIунарилан тIаде жубана гьес хадубги.
Ильясов Зикрула: «Щиб гIиллаялда бан гьес гьедин абурабали чIванкъотIун бичIчIулеб гьечIониги тIоцебе ракIалде бачIунеб пикру буго ахираб заманалда Кавказалдехун бугеб цо «хасаб» бербалагьиялъул хIасил батилин гьебилан. Амма Дагъистан гьелда гъорлъе ине рес гьечIо, гьеб ккола миллаталда бачIеб республика».
Гьединал лъазабиял гьарун хадуб халкъалъги жидерго разилъи гьечIолъи загьир гьабизе кколин, амма нилъер гIадамал щаялиго руцIцIухIун чIун рукIонилан абуна Зикрулаца хадубги.
Прохоровас гьабураб гIадаб кIалъай цебегIанго Жириновскиясги гьабураб мехалъ гьелда живго рази гьечIолъи загьир гьабураб макъала бахъун букIанин жиндир республикаяллда къватIибе биччалеб газеталъ, амма лъабго къоялдасан доб мехалъ Дагъистаналъул нухмалъулевлъун вукIарав МухIу ГIалиевасухъе кагъат бачIун батанин Жириновскияс, миллияб политикаялъул рахъалъ министрасул нухмалъулевлъун вукIарав жив хъулухъалдаса нахъе гьавеян.
ГIемерисел экспертаз рикIкIунеб буго миллиял республикаби лъугIизаризеян лъугьани Россиялъул регионазда ахIвал-хIал тIадеги хIалуцине бугилан. Гьединабго пикру загьир гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе Шималияб Кавказалда сверухъ вугев экспрет Руслан Гереевасги.
Жакъа гьадингоги тIурачIого ругел гIемерал масъалабазецин гIолеб гьечIеб бюджеталъул гIарац, гьединал хиса баил гьаризе кисайин гьаз балагьулеб. Жиндирго пикру гьадинан баян гьабуна гьес нижер программаялъе:
Руслан Гереев: «Жакъа Россиялъул хIукумат, хасго Шималияб Кавказалъул регионал хIадур гьечIо гьединал политикиял хиса-басиязде. Гьелъ ахIвал-хIал тIадеги хIалуцине буго гьениб. Гьадинан босани гьеб ккола гIицIго Прохоровас гьабураб лъазаби.
ГIадан хIисабалда живго гIезегIан лъай бугев чи вуго гьев, амма гьес гьабураб хитIабалъул халкъалъ рахъ кквезе бугиш гьечIишали цин гьезда цIехезе кколаан тIоцебе, гьеб мехлдайин абуни лъазабизе ккола референдум.
Гьеб гуребги регионалда жанир тIурачIого ругел рикIкIен гIемерал суалалги рукIаго, республикаялда цIар хисизе ккеялъул бицинчIого тIоцебе гьединал церечIарал масъалабазде кьезе ккола кIвар, гьединлъидал дица рикIкIуна политикияб рахъалъ босани щибниги хайир гьечIеб суал бугин гьебан.
Дида ккола халкъ жиндирго рахъалдехун буссиналъул мурадалда Прохоровас тIамураб иргадулаб галилъунги бугин гьебан. Лъугьун бугеб ахIвал -хIал лъикIаб рахъалдехун хисизабиялъул мурадалда хIадур гьабураб хасаб программа гьесул батани дагIба гьечIо, амма дида лъалеб бакIалдаса гIебеде миллияб республикабазда хурхун гьес гьабураб лъазабиялда жаниб щулияб кьучI гьечIо. Гьединлъидал дица нахъойги такрар гьабила тIалъи жеги хIадур гьечIо глобалиял хиса басиязде».
«Настоящее Время» газеталъул бетIерав редактор Милрад Фатулаевас рикIкIунеб буго миллиял республикаби лъугIизаризе кколилан абураб лъазаби къватIибе кьолаго Прохоровас хьул гьабулеб бугин миллиял регионаздехун, хасго Кавказалдехун жидерго бугеб рокьукъаб бербалагьи загьир гьабулел гIадамазде. «Левада Централъ» гьабураб цIех- рехалда рекъон гьединазул къадар Россиялда гьабсагIат рагIула 64 процент.