Украиналъул оппозициялъ официалияб къагІидаялда къабул гьабичІого тезе бегьула араб гьатІан къоялда тІоритІарал рищиязул хІассилал.
«Батькивщина» абураб блокалъул лидер Анатолий Гриценкоца лъазабухъе, гьеб суал гьоркьоб лъезе буго итни ва талат къоязда тІобитІизесеб цолъараб оппозициялъул аслияб данделъиялда.
Рищиязда макру-хІилла гьабун букІиналъ, протест хІисабалда, оппозициялъ инкар гьабизе бегьула ТІадегІанаб Радаялъул мандатаздаса. Оппозициялъул рахъ ккуразда ракІалда буго итни къоялда Киевалда протесталъул митинг тІобитІизе.
Риккун руго гьаркьазул 99,9 процент. Нухмалъуда бугеб Регионазул партиялъе щун буго гьаркьазул 30 процент, «Батькивщиналъе» - 25-ялдаса цІикІкІун процент. Праламенталде борчІунеб буго гьединго цогиги лъабго партияги.