Туркиялъул вакиллъиялъул цIияб мина рагьиялъул тадбиралда гIахьаллъи гьабуна премьер-министр Ражаб ТIайгьип Эрдогъаница. Туркия Евроцолъиялде гъорлъе жубаялда христиан-демократикияб партиялъул цеехъанлъун кколей Алманиялъул канцлер Ангела Меркелилил бербалагьи батIияб буго Гидо Вестервеллил ва цогидал эркенал демократазул позициялде данде ккун.
Живго Алманиялъул къватIисел ищазул министрас гьадинаб калам гьабуна Берлиналда тIобитIиараб тIадехун рехсараб тадбиралда.
Гидо Вестервелле: «Гьале кIиго соналдаса цIикIкIараб заман унеб буго Евроцолъиялде гъорлъе цIиял улкаби журазариялъул суалгун гьоркьоб кIалъа-басаял тIоритIичIого. Гьеб кIиябго рахъалъе квешаб иш буго. ТIаде бачIунеб соналда нижее бокьун буго гьеб хIалалъукьа рорчIизе».
Талат къоялъ байбихьана Алманиялъул канцлер Ангела Меркелил ва Туркиялъул премьер-министр Ражаб ТIайгьип Эрдогъанил кIалъа-басаял. Гьоркьор лъезехъин ругел аслиял суалазда гъорлъ буго Шамалда бугеб ахIвал-хIалалъул суалги.
Туркия ккола НАТОялъул мушавара-улкалъун, ян ракIалде швезабуна Ангела Меркелица. Гьединлъидалин, аслияб къагIидаялда бусурбабаз гIумру гьабулеб улка Евроцолъиялде гъорлъе жубай тIалаб гьабизегIан Шималиябгун Атлантикияб блокалъулгун бухьенал нахъеги шулалъизаруни лъикI букIинаанин тIаде жубана Алманиялъул канцлералъ.
Туркия Евроцолъиялде гъорлъе жубаялъул суал официалияб къагIидаялда тIоцебесеб нухъалъ гьоркьоб лъун букIана 2005 соналда. Амма Алманиялъулги Франциялъулги оппозициялъул цо-цо церехъабаз гьелда бан жидерго рагIи абун букIиналъ дандбалеб суал икъбал гьечIого хутIана.
Гьелъие асар гьабуна кIибикьараб Кипр чIинкIиллъиялда хурхараб Туркиялъулгун Юнанистаналъул ай Грециялъул халат бахъунеб дагIба къецалъги. Лъалеб букIахъе Кипр ккола Евроцолъиялъул мушавара-улка.
Талат къоялъ гьабураб жиндирго каламалда Алманиялъул къватIисел ишазул министр Гидо Вестервеллица ракIалде щвезабуна жиндир улкаялда турк миллаталъул 3 миллион чияс гIумру гьабулеб бугеблъи ва кIвар буссинабуна дармил бухьенал церетIезариялде.
Гидо Вестервелле: «Алмания ккола Туркиялъул бищун цIикIкIараб кIвар бугеб партнерллъун. Гьениб гIумру гьабулеб буго лъабго миллион туркав. Гьезул гIемерисел ккола Алманиялъул гражданал.
Гьез нилъер маданиятги цебетIезабулеб буго. Гьел ккола нижер жамгIияталъул кIудияб ва нахъе бахъизе рес гьечIеб бутIалъун. Гьелги нилъги цолъун руго».
Вестервеллица какана турказде данде цо-цояз цереккунго ургъун гьарулел каламалги такъсириял ишалги. Мисалалъе гъоркьисала алманиялъул неонацистаз турк миллаталъул ичIго чи чIвана миллияб рокьукълъиялъул кьучIалда.
Гьеб хIужа ракIалде щвезабулаго, Гидо Вестервеллица рекIелъ гIагалигун абуна:
Гидо Вестервелле: «Нилъ экстремизмги ксенофобияги хIехьезе гьечIо. Турказда букIа цогидал миллатазул вакилзабазда букIа гьеб хурхараб. Гьеб гуро нилъеца цадахъ балеб маданият».
Берлиналда Туркиялъул вакиллъиялъул цIияб мина баялъе 30 миллион евро хвезабун буго.