Гуржиязул колонияздаса ва туснахъаздаса гΙагарисел къоязда эркен гьавизе вуго 300-гΙанав туснахъав. ТамихΙалъул хΙукму тΙубазабиялъул министр Созар Субарица лъазабухъе, гьеб хурхине буго гΙицΙго захΙматал такъсирал гьаричΙел, диваналъ къотΙараб заманалъул лъабго бутΙаялдаса кΙиго бутΙа жаниб бахъарал туснахъазда.
ГьатΙан къоялъ эркен гьабураб къокъаялда гъорлъ вук1ана «Джорджиан таймс» абураб газетаялъул вукΙарав бетΙерияв редактор Малхаз Гулашвилиги. Гьев ккун вукΙана соналъ цеве «Кавкасия» телеканалалъул чΙагояб эфиралда хулиганлъи гьабиялъул гΙайибги гΙунтΙизабун.
Гулашвилл ракΙ чΙараб буго жиндир аресталда нахъ порлитикияб кьучΙ букΙараблъиялда.