Нигериялда микьго чи хун ва 100 ялдаса цIикIкIун лъукъун вуго христианазул килисаялда аскIоб кьвагьиялъул ва гьелдаса хадуб христианаз бусурбабаздаса рецIел босизелъун гьабураб тIадекIанцIиялъул хIасилалда. Гьедин лъазабулеб буго бакIалъул нухмалъиялъ.
Лъазабулеб буго Кадуна шагьаралда килисаялда аскIоб кьвагьи гьабунин автомашиналда жанив вукIарав хвалде унесин. Зарал ккун буго жибго килисаялъе гуребги аскIор-сверухъ ругел минабазеги.
Гьелдаса хадуб ццим бахъарал христианазул гIолилал рахъун руго къватIахъе нусалгун ва тIилалгун кодор ва байбихьун буго цере ккаралщинаб бусурбабазда кьабизе. Полициялда хIалихъе бажарун буго гьел чIезаризе.