Ссылки для упрощенного доступа

Дагъистангун Гъалгъаялъ лъукъун вуго кIиго чи


Дагъистаналъул Хасавюрт шагьаралда рузман къоялъул къаси захIматго лъукъун вукIана полициялъул офицер. Республикаялда бугеб цIех-рехалъул идараялъ «Интерфаксалъе» лъазабун буго щивали лъаларев чияс таманча кьвагьун бугин шагьаралъул полициялъул лейтенантасде. Гьесул цIар бицунеб гьечIо.

Гьебго къоялъ Гъалгъаялъ хасаб операция тIобитIулаго лъукъун вуго, ракIалде кковухъе, изну гьечIого яргъидгIуцIарав. Гьеб республикаялъул низам цIунулез добго «Интерфаксалъе» лъазабун буго полициялъ кколаго гьев чияс дандечIей гьабунин ва данде кьвагьараб жоялъ гьевги лъукъанин. Гьединго лъазабун буго гьесухъ батанин «шагьидасул рачелги» рокъосел шартIазда гьабураб гранатагиян. Гьел баянал кигIан мухIканал ругелали лъалеб гьечIо.
XS
SM
MD
LG