Цебе букIараб Югославиялда тIасан гIуцIараб Халкъаздагьоркьосеб трибуналалъул аслияй прокурорлъун йикIарай Карла дель Понтеца лъазабуна хамиз къоялда рагъулал тIакъсирал гьариялъухъ жавабчилъиялде цIазе рес бугел сириялъул кIудиял хъулухъчагIазул сияхI мухIкан гьабизе бугин жинцаян.
Гьей ккола Сириялда халат бахъунеб бугеб конфликталда инсанасул ихтиярал хвезарулел ругищали цIех-рех гьабизелъун гIуцIараб Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул комиссиялъул гIахьалчIужу.
Араб соналда рехсараб ГIуцIиялъул комиссиялъ ракIарун рукIана Сириялда, аслияб къагIидаялда президент Башар Асадил режималъул рахъ кколел хIукуматалъул къуватаз, гьарулел ругел вахIщилъабазул далил.