Ссылки для упрощенного доступа

Абу ХIамза Масрие экстрадиция гьабун буго Америкалде


Британиялъ Америкалде экстрадиция гьабун буго радикалияв исламист Абу ХIамза Масрие ва террористазулгун бухьен букIиналда щаклъи бугев жеги ункъго чиясе.
Рузман къоялда Лондоналъул ТIадегIанаб диваналъ къотIун букIана гьезие хъващтIан экстрадиция гьабиялъул хIукму. «Абу ХIамза диваналда цеве хехго эхетанагIан лъикI букIине буго»,-ян хIукму гьабун буго диванчагIаз.
Америкалъ Абу ХIамзада гIунтIизабулеб буго Орегон штаталда «Аль-КъагIидалъул» мархьи гIуцIизе хIаракат бахъиялъул ва Йеменалда террористазе кумек гьабиялъул гIайибал.
XS
SM
MD
LG