Москваялъул Тверской диваналъ тIубазабун буго Генералияб прокуратураялъул гIарзаялъул тIалаб ва экстремистияблъун лъазабун буго Америкалда рокъосел шартIазда гьабураб «Бусурбабазул гIайиб гьечIолъи» абулеб фильм. Диваналъул хIукму къуваталде лъугьарабго гьеб видеоролик бихьизабизе ва тIибитIизабизе гьукъараб букIине буго Россиялъул тIолабго территориялда.
Бусурбаби хIакъир гьарураб гьеб видеороликалъ зулмуялъул карачел гьулчизабун букIана исламиял улкабазда. Ццим бахъараб халкъ тIаде кIанцIун букIана магърибалъул улкабазул цо-цо вакиллъабазде. Цо гьединаб гьужумалъул къурбанлъун вахъун вукIана Либиялда америкалъул вакилги жеги лъабго дипломатги. Кинабнги гьел рихха-хочиязул заманаялда хун вукIана анцI-анцI чи.