Ссылки для упрощенного доступа

Сомалиялъул радикалиял бусурбабаз тана Кисмайо шагьар.


"ЖамагIат Аш-Шабаб" абулеб Сомалиялъул гIуцIиялъул бутIруз лъазабуна жидеца жидерго къукъаби Кисмайо абураб шагьаралдаса нахъе рачун ругин.

Гьеб бугила тактикалъул марадалда гьабураб хIукму, ян бичIчIизабуна гьеб гIуцIиялъул рагъулал церехъабаз.

Дагьаб цебегIан Африкаялъул цолъиялъул аскарияз къасд гьабун букIана Кисмайо шагьаралде гьужум гьабизе.
XS
SM
MD
LG