Цолъарал Штатазул тIалъиялъ хIукму гьабун буго Пакистаналда бугеб «ХIакъани» абулеб исламияб къукъа террористикиял гIуцIабазул сияхIалде гъорлъе босизе. Гьеб къукъаялъул гIахьалчагIазде гIунтIизабун буго Апгъанистаналда ругел америкалъул аскариял чIваялъул гIайиб.
Гьеб гуребги, гьел гIайибияллъун рикIкIунел руго гъоркьисала Кабулалда бугеб Америкалъул вакиллъиялъул минаялде гьужум гьабиялда ва петералде тIаде кIанцIи гьабиялда. Доб къоялъ 18 чи чIвана гьужум гьабураз.
ГьанжелъагIан Америкалъул Пачалихъияб департаменталъ жиндирго чIегIераб сияхIалде росулел рукIана рехсараб къукъаялъул цо-цо гIадамал, Апгъанистаналда ругел тIалибазулгун гьабизесеб диалогалъе зарал гьабуларедухъ гьеб къукъа террористикияблъун лъазабичIого.