Ссылки для упрощенного доступа

НАТОялъ афгъанистаналъул полициялъул кумекчагΙазул куцай чΙезабулеб буго


НАТОялъул официалиял вакильзабаз лъазабулеб буго, миллияб полициялъе кумек гьабулеб «Афгъанистаналъул бакΙалъулаб полициялъул» хΙалтΙухъаби хΙадур гьари жидеца заманалъ гьоркьоб къотΙизабулеб бугин.

Америкаялъул рагъулазул вакил Томас Коллинзица лъазабухъе, заманалъ гьоркьоб къотΙизабулеб буго гьанже-гьанжего хΙалтΙуде восун вукΙарав гΙага-шагарго азарго чи хΙадур гьави. ЦΙидахъа хал гьабизе рагΙуна гьезда гъорлъ талибазде хурхен бугел чагΙи баянлъизариялъул мурадгун.

Гьединаб хΙукму хурхараб рагΙуна ахирисеб заманалда афгъанистаналъул солдатазул ва полициязул халкъазда гьоркьосел къуватазул рагъулазде тΙаде кΙанцΙиял бихьуледухъ гΙемерлъун рукΙиналда. ГΙицΙго гьаб соналда гьединал тΙадекΙанцΙиязул къадар бахана 34-ялде, гьезул хΙассилалда хвана 45 чи. Гьелъие гΙоло халкъазда гьоркьосеб коалициялъул къуватаздаги афгъанияздаги гьоркьоб хΙалуцин баккун буго.
XS
SM
MD
LG