Гьанже информалатазда ахΙи-хΙур бахъунеб буго Россиялъул цΙех-рехалъул комитеталъул бетΙер Александр Бастрыкинил декларациялда бихьизабичΙеб буголъи Чехиялда батанин абун машгьурав блогер Алексей Навальныяс жиндирго блогалда хъван хадуб. Навальныяс гьединго хъвалеб буго, Бастрыкинил Чехиялда бизнес бугила ва гьездасан магъалаби кьун гьечΙила. Пачалихъалъул балъголъи жиндихъ бугев хъулухъчи вукΙаниги, гьесул бугила Чехиялда гΙумру гьабиялъе рес кьолеб статусги. Эркенлъи радиоялъул мухбирас бахъун буго Бастрыкинил квартира бугебин риккунеб минаялъул суратал.